ГIАДАТАЗДА ХУРХАРАЛ КУЧIДУЛ

 

ГIАДАТАЗДА ХУРХАРАЛ КУЧIДУЛ

Баги, Аллагь, чвахунцIад,

Чарал гурдал риччизе,

Чвахаги, Аллагь, гонгал

Гьалида мочу базе.

 

Баги, баги чвахун цIад,

Чабхилъан ицц баккизе,

Чвахаги тIохда гонгал,

Гьалида мочу базе.

Баги, баги чвахун цIад,

Чахъабазул хIал хьезе,

Чвахаги тIохда гонгал,

ЦIцIаназул мугъ бекизе.

 

Баги, бечед, чвахунцIад

Чабхилъан ицц баккизе,

Чвахаги, Аллагь, гонгал

ГIорал-лъарал цIикIкIине.

 

Байги, бечед, чвахунцIцIад,

Чахъабазул хIал хьезе.

Чвахайги, Аллагь, гонгал,

ЦIцIаназул мугъ бекизе.

 

ЛъаргIисахун цIад бачIун,

Щоросахун накIкI бачIун,

Баги нилъей чвахун цIад,

Чахъабазул хIал хьезе,

Чвахаги тIохил гонгал,

ЦIцIаназул мугъ бекизе.

 

БетIер щула,

Гьан щула,

Щулаб сахлъи

Кье, КIодо!

 

ХIалхъубасул кIал,

КIариласул бер,

Лъадад чурайги,

ЦIдуд бухIайги,

Босе, Аллагь, гьаб

Дир лъимадул

Чорхолъ бугеб унти!

 

Гьаниса гьибигьараб,

Гьидалъе къибикъараб,

Къелебе балагьараб,

Къаси сордо Сивухъ бараб,

Сахъадерил мегIер квараб,

ГIехьелдерил гьоло квараб.

 

БихьарабгIан цIилъайги,

ЦIилъарабгIан канлъайги,

Аллагьасул баркаман,

Аварагасул бакъул нур!

Байги, КIодо, чвахунщад,

Чвахайги, КIодо, гонгал,

Хвайги, КIодо, оцхIутIал.

ГIурччинхер бакъван бугин,

ГурхIа, КIодо, нижеда,

Нижер pyxI бахъиялда,

ГIисинал бесдалазда,

МацI лъалареб боцIуда,

ХIетI лъалареб лъимада!

Байги, КIодо, байги!

 

ГIиялъ куйдул чIахIалъайги,

ЧIалда мохмох бицалъайги,

ХIайваналги гIемерлъайги,

ГIалах-мегIер бечелъайги,

Лъимал-хъизан гIемерлъайги,

ГIисиналги чIахIалъаиги,

ЧIахIиязе сахлъи кьейги!

 

БачIинги гьарзалъайги,

ТIощелги гIемерлъайги,

Ракь гIадин роль чвахайги,

Чвахунщад гIемер байги!
Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»